Чан азарго лъалеб рагIи ГIурус мацIалъул буго. Амма къваригIараб кверзухъ Кинго щвелеб гьечIо дихъ. Бунин вукIа, Тютчев вукIа, Заман уюхъ, тIехь цIалухъ, Кколеб букIана цебеккун Дир гIагарал гьел ругин. ЧIанкIа вукIа, МахIмуд вукIа, Заман уюхъ, тIехь цIалухъ, Кколеб буго дие гьанже Дир гIагарал гьел ругин. Нусго рагIи гуро лъалеб Рахьдал мацIалъул гьечIо. Амма гьелъул щибаб рагIи Дие хІажатаб буго. 12.10.2023
1 год назад