Ассаламугӏалайкум хӏурматиял миллатцоял! Цебегоялдаса ваккизе рес щун букӏинчӏо гьаниве. Цо цӏияб хабар буго радиоялъухъ гӏенеккулезе. Андроид телефонал ва планщетал ругезе мобильный приложениялъул обновление баккун буго, гьеб скачать гьабизе бегьула гьаб ссылкаялдасан www.rustore.ru/...iny
Голос Общины
РАДИОЯЛЪУЛ ХӏАЛТӏУЛЪ ГӏАХЬАЛЛЪИ ГЬАБИЗЕ БОКЬАРАЗЕ МАЛЪА-ХЪВАЯЛ
Ассаламугӏалайкум хӏурматиял миллатцоял! Магӏарул мацӏалда кӏалъалеб интернет – радио гӏуцӏулеб букӏин рагӏун батизе бегьула нужедаги. Гьелда тӏасан цо-цо суалал рачӏина руго гьеб радиоялъул хӏалтӏулъ гӏахьаллъи гьабизе бокьарал миллатцояз. Гӏемерисел суалал руго рокъосанго, ай дистанционно хӏалтӏизе бокьаразул. Щибго захӏматаб жо гьечӏо гьелъулъги. Тӏоцебе тӏаса бищизе ккелаха радиоялъул рубрика (список гъоркьехун лъела) 18 батӏияб рубрика буго радиоялда. Рубрика тӏаса бищидал, гьелъие данде кколеб аудио передача хъвазе тадбирал гьарилаха...
Хӏаракатчагӏи...
Щиб жоха эб хӏаракат? Жамгӏиябилан рекӏинабунги бихьула цо-цо бакӏалда. Щал гьел хӏаракаталъул унтул вирус щварал? Гьезие гӏолареб рахъ щиб, гьез гурищ кинабго жо учуз гьабун бугеб, чӏобого мухь гьечӏеб хӏалтӏиги гьабун. Кинго ричӏӏизе кӏоларо... Рагӏун кӏалалъ абичӏониги, ботӏролъ гьадинал пикрабигун руго жакъад гӏемерисел. Дун мекъи ватани, абеха цо пуланаб жо гьабизе вачӏаян гӏолохъанчиясда, кӏалъан кӏалалда кигӏан кьолебан цӏехола. Хӏакъикъаталдаги цо кибаялиго, кинаялиго иш нухда бачунел рагӏулин хӏаракатчагӏиян рагӏани, къанагӏат чияс абуларо кигӏан лъикӏилан...
Кватӏун кколел гьечӏодай??
Цӏакъ хехго гиризе лъугьун буго заманаялъул гьоко. Квегӏиса, квараниса балагьидал цо-цо лъугьабахъин ганчӏида бикӏараб накъищгӏанги лазаталда ракӏалда чӏӏун батула. Цойгидал ракӏалдещвеял, ралъдал карачелал киниги, цин тӏаде рачӏуна, цинги нахъе уна. Амма цо-цо кӏвар бугеб жоялъул рачӏӏ кквезецин щун батуларо. Цо гӏажаибго жибго жиндасанго лъугьун батула, дуцагоги гӏажаиблъи гьабула, вахӏилан ккола, гьаб кида гьадин лъугьараб, гьадин лъугьинеги ресищ букӏараб абун. Цо 15-20 соналъ цебегицин бокьараб хъизаналда жаниб рахьдал мацӏ бицине лъаларел лъимал гӏадаб жо букӏана...
Радиоялъеги къваригӏунеб жойин "SEO"
Асаламугӏалайкум! Цин цо гьаб Яндекс-дзеналда канал рагьиялъул щиб мурад бугебали кӏиго рагӏи абизин. Мисал радиоялъул ва гьединго Общинабазул гӏуцӏӏиялъул гьечӏо кинабгӏаги интернет ресурс гӏицӏӏго вотцап къокъаби тун батӏияб. Гьездалъун гӏей гьабизе данде кколаро, щайгурелъул "поисковая выдача" абулеб жоялъе вотцап къокъа буго "ноль без палочки" ай радиоялда сверун гьабулеб хӏалтӏиги, жибго радио машгьурлъиги бараб буго интернеталда "упоминаемость" цӏӏикӏӏиналда бараб...
