Горячая августовская новость — орнитологи нагрели красноклювых ткачей до 48 градусов Цельсия. Для проекта «Языки России» мы перевели ее на аварский. И теперь заголовок звучит так: «ГозобагIараз хIехьана 48 градусалъул багIари»
Проект «Языки России» создан при содействии АНО «Институт развития интернета»
Африкаялда рижаралин рикIкIунел багIараб гозоги бугел къадкил тайпаялъул хIанчIазда кIвана 48 градусалъул хинлъи хIехьезе. Гьелдалъун гьезул сахлъиялъе кинабгIаги заралги ккечIо.
Гьел рукIана гIалимзабаз гьел хIанчIазда тIад гьарурал хIалбихьиял (магIарул мацIалда гьел красноклювые ткачи абурал хIанчIазда цIар гьечIо, гьединлъидал хадубккун ткачи абун хъван тезехъин буго — ред.).
48 градус ккола гIемерисел хIанчIаздаги рахь кьун гIезарулел рухIчIаголъабаздаги хIехьезе кIолелдаса жеги кIигоги градусалъ цIикIкIараб температура.
Орнитологазул пикруялда рекъон, ткачазда гьединан къохIехьезе кIолеб буго гьез кIуди-кIудиял тIелал ккун гIумру гьабулеб букIиналъ. Лъим дагьаб бакIалде ккедал, жалго гьогьомизелъун гьез дагьа-дагьаб гьекъон тола лъим. Гьел цIех-рехазул хIаислазул хIакъалъулъ хъвалеб буго гьаб макъалаялда — Scientific Reports.
Мугъзал гьод бугел гIемерисел рухIчIаголъабазе (позвоночные животные) 45-47 градусалъул кутакалда хIинкъи букIуна. Гьелъ квалквал гьабула рухIчIаголъабазул чорхолъе бачIунеб гьаваялъе, хвезарула биологиял чIахIиял молекулал. ГIицIго цо-цо кьанччазда гурони кIоларо 51 градус хIехьезе, хIанчIаздагун рахьдадалъун гIезарулел рухчIаголъабазда абуни 46 градусалдаса тIаде багIари къанагIатги кIоларо хIехьезе.
Эндрю Маккенил (Andrew McKechnie) бетIерлъиялда гъоркь Преториялъул университеталдаса (Югалъулаб Африка) цIех-рехчагIазул къокъаялъ халгьабуна гьадал церехун бицен гьабурал хIанчIазда (красноклювые ткачи) цIикIкIун багIари хIехьезе кIолищали.
Къадкил тайпаялъул гьел хIанчIи цIикIкIун дандчIвала Африкаялда, дунялалда гьел рикIкIуна бищун гIемерал гIалхулхIанчIилъунги — гIаммаб куцалда 1,5 млрд-алде гIагарун хIинчI бугила гьединаб.
Гьел гозобагIарал роржуна миллионалде гIагарарал хIанчIазул тIелал ккун. Гьедин роржани, гьезие кумек букIуна жидее хIинкъи бугел, вахIшиял рухIчIаголъабаздаса, хIайваназдаса ва цогидалдаса рорчIизе. Масала, лъим гьекъезе гьеб тIел гIодоб рещтIунеб буго гIицIго жидер цIикIкIарасеб къокъа къечон хадуб. Гьединлъидал къеч буссинабизе гIезегIан заманаялъ балагьун чIезе ккола гозобагIаразул гIемерисел.
Орнитологаз рикIкIуна, гьединаб мехалда гозобагIараз заманаялъ дагьлъизабулин гьекъолеб лъим, гьединго жалго гьогьомиялъе хIажалъулеб лъим. Гьелъ гьезул чорхолъа лъамалъи тIубанго тIагIунгутIиялъе квербакъаниги, хIанчIазул цIа-кан бахинабула. Гьеб пикру битIараб батани, гозобагIарал хIанчIазул температура кутакалда эхеде бахунеб букIине рес буго.
Гьеб уябищ, гуребищали лъазабизелъун, цIех-рехчагIаз, ккун къого гозобагIаргун, гьезда тIад хIалбихьиял гьарун руго.
Лъамалъиялъул лъабго литра унел пластикалъул камерабазда жанир лъола гьез гьел. Гьенибе кьола лъел хIухьладаса бацIцIад гьабураб атмосфераялъул гьава. Цин гьениб жаниб рекъезабула Цельсиялъул 28 градус, хадуб дагь-дагьккун ункъ-ункъ градус цIикIкIинабула. Ахирги гьеб багIари 52 градусалде бахуна. Хинлъи цIикIкIинабуна щибаб анцIго минуталдасан. Гьеб заманалда жаниб гIалимзабаз борцана хIанчIазул температура (гьезулъ лъураб транспондералъул кумекалдалъун). Гьединго хал гьабуна гьезул чорхолъа кигIанасеб къадаралда лъим (лъамалъи) къун бугеб ва кигIанасеб къадар углекислый газалъул гьез къватIибе кьун бугебали.
Нагагь багIарун, хIанчIие квеш лъугьун букIин бихьани, орнитологаз камераялъуса къватIибеги бахъун, гьелъул кваркьиги чехьги спирталъ лъулълъалаан (цIа-кан гIодобе ккезе). Цинги лъимги квенги бугеб клеткаялъуб тIамулаан.
ЦIех-рех лъугIун хадуб, гIалимзабаз гьел хIанчIи жидецаго ккураб бакIалдего риччана.
Эксперименталъул байбихьуда гозобагIаразул чорхол гьоркьохъеб температура Цельсиялъул 40,9 градусалде бахун букIана. Гьеб ккола къадкил тайпаялъул хIанчIазе хасиятаб температура. Гьаваялъул хинлъи 38 градусалде бахиндал, жидеда тIад хIалбихьиял гьарулел хIанчIазул температураги бахана: сверухъ бугеб гьава бащдаб градусалъ хинлъани, гьоркьохъеб куцалда цо градусалъ рагIарулаан хIанчIиги.
Гьава Цельсиялъул 51 градусалъ бухIидал, хIанчIазда 48 градус букIана. Гьезул цо-цоязул температура 49 градусалдаса цIикIкIунги букIана. Гьеб ккола гьединал хIанчIазда хIехьезе кIолелдаса 2-3 градусалъ цIикIкIун.
ПалхIасил, жидер сахлъиялъе зарал кколаредухъ гозобагIаразда цIикIкIараб багIари хIехьезе кIолин абураб пикру битIараб батана.
Хинлъиялъул хIасилалда чорхолъ лъугьунел белоказ, яги беразда жанир ругел бидурихьазги кумек гьабулеб батила гьезие гIадалнах гьогьомизабизе. Гьединаб къуватги буго гьезулъ.
Амма багIарараб бакIалда гIумру гьабулел къадкил тайпаялъул гIисинал (цогидал) хIанчIаз гьедигIанго хIехьоларо кIудияб температура. ГIалимзабазул пикруялда рекъон, хIатталдаса ун багIарараб бакIалде гьел ругьунлъизари (масала, хинлъиялъул хIасилалда чорхолъ хасаб белок лъугьин) харжал рахъулеб, яги гIадада заман чIвалеб жо ккола. Гьеб данде ккезе бегьула гIицIго чIахIи-чIахIиял тIелал ккун роржунел хIанчIазе.
Гьеб пикру битIараб бугищали лъазе ракъдалал бакIазда гIумру гьабулел цогидал хIанчIазул цIех-рех гьабизе ракIалде ккана гIалимзабазда. Масала, волнистые попугайчики (Melopsittacus undulatus) абурал хIанчIазул. ГозобагIарал (красноклювые ткачи) лъугьана гьеб рахъалъ жидеда хIалбихьиял гьарурал хIанчIаллъун — мугъзал гьод бугел хIанчIаз цIикIкIараб температура кин хIехьолебали лъазе рес кьуна гьез.
Амма киналго рухIчIаголъабаз гуро кIудияб багIари (цIа-кан) хIехьолеб. Масала, ччугIби лъугьунел тIанчIазда (эмбрионазда), яги икра биччазе унел ччугIбузда кIоларо гьеб хIехьезе. Дунялалда гьава-бакъ хинлъи (хисарди) гьабсагIаталда гIадаб букIине батани 2100 соналде щвезегIанги, ралъадазда ва хIоралгун гIоразда ругел 60 проценталде гIагарун ччугIбузе захIмалъизе буго. ТIинчI биччазе бажаричIого букIинегицин рес буго гьезухъа. Гьедин лъазабулеб буго гIалимзабаз.
Перевод выполнила Зульфия Гаджиева