Адаб. стих.
Адаб. Дурго рагIи битӀухъ гьабун, ГӀадамалгун къацандуге, Бергьарав чи къураб рагъде Къоно ричIизе лъугьунге. Адаб буго гӀадамасул ГӀумру берцин гьабулеб жо, Живго вахчун вукӀаниги, Халкъалда гьев вихьулеб жо... Босе адаб — дурго ярагъ, Адаб цӀуне — дурго гьалмагъ, Мех баниги, херлъулареб, Мун хваниги, кӀочонареб. РетIунеб ратӏлидаса дур ТӀабигIат берцинаб букӀа, Бицунеб рагӀиялдаса Гьабулеб жо лъикIаб букIа...