4 месяца назад
ЖАМАГIАТАЗУЛ ГЬАРАКЬ
Асаламугӏалайкум хӏурматиял миллатцоял! Ахириял саназ, нужеда лъалареб жо гуро, гьаб авар мацӀалда сверун бугеб щинаб хабар. Гьанисан цо ахӏи рагӏула мацӏӏ цӏунизе рачӏаян, цогидаз буюрула, гьаб гьабизе ккола, доб гьабизе кколаян. ГӀемерисаб хабар "лъим" букӀуна, гӏедегӏун чвахун унеб ва лъалкӏ толареб. "Гьабизе ккола" язул гьаркьал гьемерлъун, "гьабизе рачӀа" язул гьаркьал загӀиплъун, чара хун букӀуна. Гьелъул гӀаксалда, цо гьитӏинабго хӏаракатчагӏазул къокъаялъ , гьабизе рачӏаян ахӀиги бан кӀудияб хӀалтӀи байбихьана ва къокъаб заманаялде рагӏалде бахъинабуна...
201 читали · 3 месяца назад
РАДИОЯЛЪУЛ ХӏАЛТӏУЛЪ ГӏАХЬАЛЛЪИ ГЬАБИЗЕ БОКЬАРАЗЕ МАЛЪА-ХЪВАЯЛ
Ассаламугӏалайкум хӏурматиял миллатцоял! Магӏарул мацӏалда кӏалъалеб интернет – радио гӏуцӏулеб букӏин рагӏун батизе бегьула нужедаги. Гьелда тӏасан цо-цо суалал рачӏина руго гьеб радиоялъул хӏалтӏулъ гӏахьаллъи гьабизе бокьарал миллатцояз. Гӏемерисел суалал руго рокъосанго, ай дистанционно хӏалтӏизе бокьаразул. Щибго захӏматаб жо гьечӏо гьелъулъги. Тӏоцебе тӏаса бищизе ккелаха радиоялъул рубрика (список гъоркьехун лъела) 16 батӏияб рубрика буго радиоялда. Рубрика тӏаса бищидал, гьелъие данде кколеб аудио передача хъвазе тадбирал гьарилаха...