Найти в Дзене
88 подписчиков

НекӀо ва гьанже.


НекӀо гӀадамаца гӀаламалда гъорлъ
МацӀихъан валагьун къватӀивчӀвалаан.
Гьанже мацӀихъабаз мискиназда гъорлъ
Гъаримав валагьун гъоркье рехула.

Цебе халкъалъ цӀогьор цӀар басра гьабун,
Бода суризавун суд къотӀулаан,
Гьанже гӀадамаца цӀогьорасул цӀар
ЦӀвайил борхалъуде бахинабула.

Бикъани вакъилин букӀана аби,
Эбги гьанже тӀубан гӀакса буссана.
ГӀадамаца гьанже бикъуларев чи,
Бакъвараб сунгӀанги сан гьавуларо.

НекӀо умумуца гьерсихъабазул
Гьурмал рухӀулаан рахъун церегун.
Гьанже халкъалъ гьорол гьабихъе лъим тӀун,
Гьереси гьабулеб буго ритӀухълъи.

Цебе хисардулеб ххвелаб хасият,
Халкъалъ рикӀкӀунаан рекӀкӀаб гӀамаллъун.
РагӀуе хилиплъи, хиянат гьаби,
Халкъалъул нагӀана щолеб хьвадилъун.

НекӀо кӀигьумераб сихӀирлъиялде,
Сурараб хьвадиян хьвагӀулаан квер.
Гьаже кӀалдир мацӀал кӀигӀаркьалилаз,
КӀиго рагӀи гьечӀев гьечӀо рикӀкӀунев.

Гьанже буго халкъго хилипаб заман,
Хинлъи гьоркьоб гьечӀеб хурхен гьабулеб.
Ххвалие гурони гали лъолареб,
ГаргарчагӀаз мацӀил гарацӀ бичараб.

ГӀумрудул гьакида гьидаят къосун,
Гьалаглъун ккеялда хӀинкъи цӀикӀкӀараб.
ХӀелун Аллагьасда аман гьарулеб,
АхӀи-дугӀаялде хӀажалъи ккараб.

СагӀид Ордашов
Май, 2025 с.
НекӀо ва гьанже.  НекӀо гӀадамаца гӀаламалда гъорлъ МацӀихъан валагьун къватӀивчӀвалаан. Гьанже мацӀихъабаз мискиназда гъорлъ Гъаримав валагьун гъоркье рехула.
Около минуты