Оригинал: ДИЦА СИХIРУ ГЪАБИЛА Баба, чIалгIана дида
Къойил гъал дарсал цIалун,
Дица сихIруги гъабун,
Гьеб иш тIаса рехила. Сон сурат бахъилъе
Лъун букIана дий щуйил,
Щай доб альбомалда тун,
Дица нахъе къунцIила. Цинги гурищха, баба,
Гьеб ракьалда бекьила,
Бакъуца чIорал ритIун
ТIаде баккизабила. Зобалаз лъимги чвалхун
Чурун бацIцIад гъабила,
Гьороца тIад квер бакхъун,
ТIалаб-агъаз гьабила. Хаслихълъиялде, баба,
Гьелъул лъикIаб гъветI гIела,
ГIаркьалабазда гурищ –
Щуйилалги рукIина. Дица цо-цоккун тIун гьел
Школалде росила,
Бищун лъикI цIалулевин
ЦIар дир кибго рагIила. Читайте также: